Администрация МР Цумадинский район - Ассаламу гIалайкум, хириял ЦIумадисезул жамагIат!

368900, с. Агвали
Республика Дагестан, Цумадинский район

+7 (8722) 55-11-70
tsumadarayon@e-dag.ru

инфо

Ассаламу гIалайкум, хириял ЦIумадисезул жамагIат!

Администрациялъул, районалъул Собраниялъул ва дирго рахъалдасан дица ракI-ракIалъго нужеда баркула тIаде щолеб, кIал биччаялъул гIидалъул къо.
 
Аллагьас нужер гьабураб гIибадат, бараб таравихI, рарал какал ва ккурал кIалал къабул гьареги.  Нужее гьарула дица сахлъи, рохел ва аваданлъи. КIалбиччанкъоялъ гьарула нужеда киназдаго цIакъ цIодорго рукIа ян. Лъималги риччаге рокъоса къватIире. Гьелги свердун, цIидасан унтаби цIикIкIине рес буго. Цебе-цебе гIадин гьеб гьабизе нилъер данде кколаро, щай ян абуни, нужеда бихьулеб буго нилъер бугеб къварилъи. Аллагьас кьела гьелъие къимат. Нужеда гьарулеб буго дица, нилъеда тIад чIарал хIакимзабазги, дибирзабазги малъараб гьабизе кколилан. Дибирзабазги абулеб буго, Муфтияталдасанги лъазабулеб буго дандеруссенал гьаругейилан абун. Гьезухъ гIенеккизе ккола, байбихьудасанго нилъ гIенеккичIого буго гьаб гьалде ккун. ЦIодорлъи гьабизе заман щун буго нилъее.
 
Жегиги гьарула нужеда малъараб гьабе ян. Дица гьарула нужеда, гьаб хирияб Рамазан моцIалъул хIурмат гьабун цоцазда тIаса лъугьа ян. Дунги нужеда тIаса лъугьарав вуго, нужги дида тIаса лъугьа. Аллагьас нужее сахлъи кьеги, рохалилаб аваданаб гIумру кьун рохаги. Нужее киназего алжан кьеги Аллагьас. Алжаналда данде гьареги нилъ киналго. Аминь.
Районалъул нухмалъулев АнвархIажи Вечедов.